Кlиго шагlир (на аварском)

2000

РекIеда тIад къоно къан бугеб гIадин,

Къалеб букIана черх хиялал сокIкIун,

Сабруялъул мегIер Аллагьас кьураб,

КьватIелаби рехун биххизе къачIан.

ЧIумал кодор росун зикру бачана,

Кверал цере ритIун дугIа гьабуна,

Гьелъул камиллъидал канлъул нурги чIван,

Каранлъ къараб къоно къезабилилан.

Кинго гьеб биинчIо, чIалгIен чучичIо,

ЧIартиде буссана дир гьалагаб ракI,

Роол бухIиялъулъ никIкIил тIел гIадин,

ТIа-тIа чIван рачIана ракIалдещвеял.

Рагьда гIурччинаб их гьалделеб буго,

Дунял берцинлъизе нигIматал рагьун,

Ракьалъ сахаватаб квер биччан буго,

Багьа тIад чIвачIого чIобого кьезе.

Ракьуца рикьулел нигIматазда гъорлъ,

Хъирщун буханиги багьана гьечIо.

Гьереси бицине гIадам гуккизе,

ГIадада баккараб цо тIегь-хер гьечIо.

ЧIалгIеналъул тIимугъ тIад бакIлъарай дун,

БакIго хIатIал рахъун яхъана къватIий,

КъотIной лъугьунаго хисана хIухьел,

ХIеренаб гьогьоми речIчIана гьурмалъ.

ГIурччинаб ахикье жаний лъугьана,

Жалго рахъун унел рукIана хIатIал,

ХIалица баччараб ургъалил тIимугъ,

ТIутIун бортун ана тIадагьлъана дун.

Жеги ахикь хурдул халалъун гьечIо,

Лъимадул гIуж буго гьезул гIумрудалъ,

ГIурччинлъиялда тIад хIур бетун гьечIо,

ХIур букIунин гьезда ракIалде ккезе.

Бакъулги хIал гьечIо бухIи халатаб,

Харил кьер тIеялъе тIаде чвахулеб,

Харилъги, гъутIбулъги гIурччинлъи буго,

ГIурччинаб дуниял дида сверухъе!

ГIинтIидал хъархъида аскIойги лъалхъун,

Бахъана дица квер къараб бекIалда,

БекIалъ тIамхал ричIун, тIегь рагьун ана,

Дир рекIелъе нуцIби ричIулел гIадин.

БагIарлъи гьулчана дир гIанабалъе,

МагIил горо ана гирун бадисан,

Гьеб тIогьол цо тIамчилъ щубил горолъун,

Гиргизе лъугьана басандилаго.

Дир рекIелъ жанибги цо тIегь рагьана,

ТIад гирулеб магIил горогун цадахъ.

Гьеб гороялда гъорлъ лъун бугебщинаб,

Балъголъи лъидаго лъазе кIвеларо.

НекIого лъугIана дир гIумруялъул,

ГIурччинаб ихилан абулеб заман.

Рииги хисана, хаслихълъи бачIун,

Хасалил гIунсбузулъ йиго жакъа дун.

Щиб балагьулей дун гьаб ахикь йигей,

Арабги тарабги тIадбуссинаро,

ТIабигIаталъ йокьун квер бахъаниги,

Каранзул рухIалил бухIи тIеларо.

Зодил хъахIал накIкIал тIад расандулеб,

Бигьаро гъветIалда хьолбохъ чIана дун,

Гьелъул кьватI-кьватIараб макъаралда тIад,

Дица кIаркьенги цун, сверун къвал бана.

Бакъан панаяб кечI рагIана дида,

Ракьулъан кьалбаца кьабгIун бачIунеб,

Бидурихьазулъе чвахун ана гьеб,

Хиялалъ анищалъ рухIги лъолаго.

ХIухьел ккун хъирщана бакъаналда гъорлъ,

Гъваридал рагIаби ратизе кколин,

Кинаб гIаламат гьеб – рагIана дида,

РагIабаз сокIкIараб сапилияб кечI.

Лъаларо кисан гьел чвахун рачIарал,

Ракь ккун чIарал кьалбал, шагIирзабийищ,

Щапулеб дир рекIел назлабийищ гьел,

Гьанже гьулчун къватIир кIанцIулел ругел.

Ракьуца аманат гьабулел руго,

Ихдалил нигIматал гIадам лъимазе,

ЛъикIлъиги квешлъиги батIа бахъизе,

Иман кьегийилан гьарулеб буго.

Дица гьаб кинабго их бачIинегIан,

Дирго чохьониб лъун хьихьун букIана,

Жиб-жиб кьибилалъе реэдиги кьун,

Ракъизе течIого цIунун рукIана.

ЦIорораб гьуриги, гьалагаб цIерги,

Гьезда хъваларедухъ дица баччана,

Бакъул хинлъи гIедал кини тейилан,

Киналго кьалбазда лъазе гьабуна.

Гьезда рухI речIчIана, гьункьун рачIана,

Дир гъаталги рорлъун нужехъе ана,

Нужеде зобазде божиги гьабун,

Жидерго берцинлъи бихьизабизе.

БетIуге гIадамал гъутIбуздаса тIегь,

ТIегь пихъиде сверун бечелъи кьолин,

РетIуге тIегьарал тIугьдул, агъаз тун,

ТIугьдулги гIумрудахъ гIашикъ рукIунин.

РикIкIун кьурал къояз къалъ-къалъун рагьун,

Нилъ рохизаризе рачIун руго гьел,

Цо чиясул цIар чIван рагьун гьечIо гьел,

Гьаб гIаламалъего гIахьалал руго.

ТIоге гьезде тIаде гIадамазул би,

ГIадамалъ букIунеб жахIдаги рагьун,

РечIчIуге, кьвагьуге цоцазда гуллби,

Гулла щванщиналъуб щапулин гIумру.

Цо гуллаялъ гIемер рухIел бачIуна,

Эбелалъул ракIги цадахъ борлъула,

Бесдалал абураб мугьруги тIад чIван,

ЧIамучIлъи къулчIулел лъимал хутIула.

ТIаса бахъулареб нахъе унареб,

Хъурмилаб тушманлъи тола гIадамалъ,

ГIайиб гIунтIаразда къо хIехьаразда,

Къойил холеб гIадаб хIинкъи рещтIуна.

Аманатгун кьолеб буго гIадамал,

Нужей гIурччинаб их – роха гьелдаса,

Риххизе гьаруге хIанчIил бусаби,

Бусада чIичIилел тIанчIи рукIуна.

Абуге хIанчIазда гIакълу гьечIилан, –

ТIанчIи гIезаризе роржанхъула гьел,

Жалго ракъаниги бусабазухъе,

Босула лъимгун квен кваназаризе.

Кинидахъ эбелалъ ахIулеб гIадин,

АхIула гьез кучIдул тIанчIи куцазе,

ХIинкъиги, ургъелги букIуна гьезулъ,

Цулъарал гIадамаз квер бахъилилан.

Абуге хIанчIазул хIайранал бакъналъ,

Бакънал гуронани рагIаби гьечIин,

РакI рагьун гIенекке, гIакълу тIад бикье,

ГIакъиллъи, борхалъи бидулъе ине.

Гьез Аллагьасе рецц гьабулеб буго,

Гьаб гIурччинаб дунял рагьун кьуралъухъ,

Ракьалда зобазда гьарулеб буго,

Гьал тIанчIи цIунизе кумек гьабеян.

Парсахъ маккал руго гунгун бачунел,

Чундул рохьалъ руго рокьи гьабулел,

Ункъго гьоко бугеб кини улбуца,

Цере цулел руго лъималги тIад лъун.

Улбул хIалтIулел тун хIалае чIарал,

Рилълъадулъ хIинцлъарал кIодоял руго,

КIи-кIиккун цоцазе хабарги бицун,

Цере расандизе лъималги тIамун.

ГIурччинаб ихалъул хазинабаца,

Хиялал гьаризе тIамун йиго дун,

ГъутIбузул тIогьазда тIадги йиго дун,

ТIаде хъахIал накIкIаз тастарги рехун.

Ракьулъа къватIире къвакIун раккарал,

КъвакIи чучуларел кьалбалъги йиго.

Кьалбазул гучалъул чармилаб къвакIи,

Чвахун унеб буго бидурихьалъе.

Цо канаб пашманлъи щущалеб буго,

Щибаб ихдалилаб нигIматалъ диде,

Дир гьаб гIумруялда их букIанадай,

Батуларо жакъа балагьаниги.

Дун арал ихазде хапелей гьечIо,

Гьел тIад руссинаро ракI суданиги,

Дие гьез гIемераб рохелги кьуна,

Йохизе лъалей дун пана гьайизе.

Паналъи кенчIезе канлъиги кьуна,

Канлъуде данде дун гIедегIун ине,

ГIедегIун рахъулел дир хIатIазда гъоркь,

ХIутIалги тIугьдулги чIинтIунгутIизе.

Дунги ихги кIиго кIудияб шагIир,

ШигIру хъвалел руго руцIцIухIунги чIун,

Дица гьаб ихалъе ракIалъул хинлъи,

Хиялазул цIагун бикьулеб буго.

Ихалъ тирхун бачIун дида къвалги бан,

КъотIи гьабун рагIи кьолеб буго дий,

Дун жеги гIемераб бачIинин духъе,

Пашманлъидал гъунал рихизареян.