Нилъеца гьарурал мунагь гъалатIал,
ТIасан гIор аниги рацIцIалъуларо,
Гьел рацIцIад гьарулеб зам-зам лъин буго,
ЛъикIлъи гIадамазе гьабизе кIвани.
* * *
Божуге кинабго бихьанщиналда,
Берцинаб бугилан хIайранлъулезда,
Дагьалги цIакъ хIинкъун нахъегIан къан чIа,
Квешлъи балагьулеб агьлуялдаса.
* * *
Щиб къо бихьаниги цо дару сабаб,
«Сабру, сабру», – йилан кьолел гIакълаби,
Сабруги биххула хIатIикь кьурулъун,
Васал рукъулелъул улбузул чорхолъ.
* * *
Дир гьитIинаб рекIелъ кIудияб гIишкъу,
ГIазу тIаде бараб цIералъ бухараб,
Бураназ рахъ-рахъалъ хъамал гьабураб,
ГьедигIан бацIцIадго киндай хутIараб.
* * *
Цо лахIзаталъ сабру гьабизе кIвечIес,
КIудиял кьураби къулчIизе ккола;
Кьвагьун гулла гIадин рехараб рагIи,
ГIарадалъун кьвагьун нахъе буссуна.
* * *
Чан нухалъ хьуцIилъ къан гъанкъулей дихъе,
Анищалъ бегьараб баракатаб квер,
Гьелъ къватIийги яхъун гIумру гьабеян,
ГIурччинал мугIрузде дун щвезаюрай.
* * *
Цо гIасияб загьру гIадамахъ бугеб,
Даим гIорцIулареб гIасияб гучаб,
Чиялъ жахIда гьабун тенколел борхьаз,
Жалго жидецаго жанисан кунеб.
* * *
Армиялъ ярагъалъ хIинкъи кьуниги,
ХIаким вокьиялъе квербакъуларо,
Улкаялъул къисмат кодоб кьурасе,
Шапакъатлъун буго халкъалъул рокьи.
* * *
Беразда бахараб сурмаялъ гуро,
Сунареб берцинлъи ясазе кьолеб,
Сабруги, чIухIиги, намусги цIунун,
ЦIодорлъи гьабидалъ буго берцинлъи.
РекIеда рухIалда тIатIи рекIани,
ТIатIилъун гIунула гIакълудахъ пикру.
Гьеб борхьица букъун, къокIоца кванан,
БукIараб лъачIого лъараниб уна.
* * *
Дун гьедигIанго цIакъ херлъунищ йигей,
Данде кканщинаца рецц-бакъ гьабизе,
БукIараб берцинлъи гIоралъищ араб,
«Дур берцинлъи щиб?» – ан хIикмат гьурщизе.
* * *
Нилъерго гъалатIал ричIчIизе ккани,
Нахъа тарал сонал самизе ккола,
КигIан саманиги, гIомо къаниги,
ГIумруялъул сонал нахъруссунаро.
* * *
Бищунго кIудияб гъалатIгун мунагь,
Нилъерго гъалатIал чияде рехи.
Гьелъ гъалатIазда тIад гъалатIал лъола,
ГъалатIазул гъонолъ гъанкъун хвезегIан.
* * *
Заманаялъ кьола кьварарал дарсал,
КьватIелал рекIеда рахъула нилъер.
Заманаялъ ругънал сахги гьарула,
Сабру дару буго нилъее кьураб.
Жакъа ккараб гъалатI тIаде ракьги хъван,
Хобалъуб лъунилан ракIчIей гьабуни,
Гьеб цIадаз чурараб чороклъи гIадин,
Замана анагIан къватIиб рехула.
* * *
Замана цебеса тIерхьун арабго,
Хадур рекерани кквезе щоларо,
Щиб пайда букIунеб цIад къотIарабго,
ЦIад кколеб буртина гъежде рехани.
* * *
Мискинлъи-пакъирлъи къун лъугIилаан,
Бикъиги хъантIиги тIагIунебани,
Биял гIодоре тIей лъугIун инаан,
Аллагьасул нух ккун халкъ чIолебани.
* * *
Мискинлъи цIунараб хасаб шартI буго,
Чиясул вацIцIалъи, роцIараб чIухIи,
ХIарамлъи рихарас, хIалаллъи ккурас,
Кидалго раларо рорхатал хъулби.
* * *
Сабру бижуларо щибаб пастIаниб,
ТIегьлъун баккуларо гIурдаллъиялда,
ГIадамаз таваккал тIамизе ккола,
ТIокI борчIараб хъачIлъи хъумур бугилан.
* * *
«ЛъикIлъи гьабе!» – абун кIуркIдулеб ицц,
РекIелъ къине тоге бакъ бухIаниги,
ТIаса босанагIан цIикIкIун беролеб,
Баракат кьун буго гьелъий Аллагьас.
* * *
БацIалги цIиркъалги кверде ругьунал,
Кутул лъугьинилан божи гьабуге,
Гьез хъурмазул гIамал гIодобги рехун,
ГIадамазе лагълъи гьабизе гьечIо.
* * *
Нилъ рокьуларезул рекIелъ понцIорал,
БокьонацIал рихъи гIадаллъи буго,
ГIинде босичIого жаваб кьечIого,
Нилъеца тани гьеб хьвердалъ кванала.
* * *
ТIотIол гIакълуялъул дарсал щибизе,
Даим хIалтIулъ бугеб тIулил наялъе,
ТIогьодаса босун даруяб гьоцIо,
Даим гIадамазе кьезе кIолелъе.
* * *
Жеги дун яхъинчIеб яхъине кколеб,
Борхалъи ахIдола унтугейилан.
Жеги лъедон тIину дида батичIеб,
Гъварилъи кIалъала лъамалъугеян.
* * *
КигIан гIемер магIу гIодоб тIуниги,
ГIазаб гьекъолаго къоял аниги,
Нахъе рачIунаро хабалалъ лъурал,
ЧIаго ругеб мехалъ кье гьезий рокьи.
* * *
ГьечIо дунялалда гIурхъи чIвачIеб жо,
ГIурхъи лъаларев чи гьев гIабдал вуго.
Бицунеб рагIулъги нилъер ишалъги,
ГIурхъи цIуни буго гIакъилъидал тIогь.
* * *
Божуге кидалго релъулездаги,
Божуге кидаго гIодулездаги,
Гьеб кIиябго гудур ракI бацIцIадазе,
ТIад къотIун мохмох лъун къор гъолеб бугеб.
* * *
ГIумругIан гIакъилаб мугIалим гьечIо,
ГIакъилазе гIакълу къойил кьола гьелъ.
Гьелъул щибаб дарсил хIисабги гьабун,
Бечелъи ботIролъе босе лъаразе.
* * *
Бищунго кIудияб гIакъиллъи буго,
Нилъго нилъецаго рачиде рачин,
Чорхолъ рессун лъурал гIунгутIабазда,
ТIад михир бачине тIохде рахъани.
* * *
ГIемер гаргадула дунго дидаго,
Дирго балъголъаби дидаго рицун,
Дирго хулжаз гIадин гьеб цIунуларо,
Гьороца унаро накку гIадинан.
* * *
ГьересигIан гIемер къинлъарулеб жо,
КъватIул гважигицин батизе гьечIо,
Гьерсица гьереси кьараги гьабун,
Гьелъ бакънал рачуна къасиги къадги.
* * *
НусцIул гьоцIойилан нилъ ахIданиги,
МацIалде гьуинлъи бачIине гьечIо,
Гьабе руцIцIухIун чIун кIвараб мунпагIат,
КIалдиб хъвараб гьоцIо гьеле гьуинлъи.
* * *
Абула замана гIемер баразда
ГIумруги бичIчIулин, бичIчIиги щолин,
БичIчIи цIикIкIанагIан, цIадулъ йиго дун,
ЦIакъго гIемер буго бичIчIулареб жо.
* * *
Нилъго нилъецаго квегъизе ккола,
Квешал ишазде цIан унеб мехалда,
ГIалхул чу гIадинан кIи квачIид рахъун,
Хъублъиялде данде рортулеб мехалъ.
* * *
Дир черхалда къарал чарамул гуллби,
Гуллаялъ рорлъарал васалъан бахъун,
БакIлъун гIодоб цIараб чорхол чIаголъи,
ЧIегIер барал улбул, угьдулел рагIун.
* * *
ГIуж бан толеб буго щибаб харида,
ХатI хъван толеб буго щибаб ганчIида,
Дун гьаб дунялалда пархараб лахIзат,
ХIайранлъи аниб тун, ина хобалъуй.
* * *
ГIемерал суратал рахъун руго дир,
Нахъе хутIаразда ракIалде щвезе,
Амма гьел сураталъ бихьизе гьечIо,
Дир бацIцIадаб ракIги, роцIараб рухIги.